Rasulullah mengadakan perjanjian damai dengan penduduk Hudaibiyah dan bersedia menghapus kata ‘Muhammad Rasulullah’
Imam Ahmad : 17832
حَدَّثَنَا مُحَمَّدُ بْنُ جَعْفَرٍ حَدَّثَنَا شُعْبَةُ عَنْ أَبِي إِسْحَاقَ قَالَ سَمِعْتُ الْبَرَاءَ بْنَ عَازِبٍ يَقُولُ لَمَّا صَالَحَ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ أَهْلَ الْحُدَيْبِيَةِ كَتَبَ عَلِيٌّ رَضِيَ اللَّهُ عَنْهُ كِتَابًا بَيْنَهُمْ وَقَالَ فَكَتَبَ مُحَمَّدٌ رَسُولُ اللَّهِ فَقَالَ الْمُشْرِكُونَ لَا تَكْتُبْ مُحَمَّدٌ رَسُولُ اللَّهِ وَلَوْ كُنْتَ رَسُولَ اللَّهِ لَمْ نُقَاتِلْكَ قَالَ فَقَالَ لِعَلِيٍّ امْحُهُ قَالَ فَقَالَ مَا أَنَا بِالَّذِي أَمْحَاهُ فَمَحَاهُ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ بِيَدِهِ قَالَ وَصَالَحَهُمْ عَلَى أَنْ يَدْخُلَ هُوَ وَأَصْحَابُهُ ثَلَاثَةَ أَيَّامٍ وَلَا يَدْخُلُوهَا إِلَّا بِجُلُبَّانِ السِّلَاحِ فَسَأَلْتُ مَا جُلُبَّانُ السِّلَاحِ قَالَ الْقِرَابُ بِمَا فِيهِ
Бицун буго нижеда [МухӀамад бин ЖагӀфарица] Бицун буго нижеда [СюгӀбаца] [Абу ИсхӀакъидасан] гьес абуна, дида рагӀана [Аль Бараъ бин ГӀазибица] абулеб; Расулуллагь шаллаллагьу гӀалайгьи васаллам ХӀудайбиялъул къотӀи-къаялде лъугьараб мехалъ, ГӀали радлиаллагьу анхуца гьезда гьоркьоб тӀехь -къотӀи- хъвана, хадуб гьес хъвана, «МухӀамад Расулуллагь» абун. Гьединлъидал мушрикияз абуна: «МухӀамад Расулуллагь» абун хъвазе бегьуларо. Мун Аллагьасул Расул вукӀаравани, ниж дуда рагъизе рукӀинчӀо'. Гьединлъидал гьес ГӀалида абуна: «ТӀагӀинабе гьеб», - ян. ГӀалица абуна: «Дие бокьун гьечӀо, дица гьеб бацӀцӀад гьабуни», - ян. Ахиралда живго Расулуллагь шаллаллагьу гӀалайгьи васалламалъ гьеб квералъ бацӀцӀана ва гьезулгун къотӀи-къай гьабуна, живги гьесул асхӀабзабиги лъабго къоялъ Маккаялде лъугьине ругин, Жулуббануш шилахӀалъул хӀалалда гурони гьел гьенире лъугьине гьечӀин. Дица гьикъана: «Доб Жулуббануш Шилахищ?» Ал БарааӀ жаваб кьуна: «Гьеб ккола хвалчабазул накӀкӀ ва гьелда жаниб бугеб жо – ай хвалчен бахъичӀого –».