Imam Ahmad : 16965
ثُمَّ مَرَّ عَلَيْنَا يَوْمًا آخَرَ فَقَالَ أَبُو الدَّرْدَاءِ كَلِمَةً تَنْفَعُنَا وَلَا تَضُرُّكَ قَالَ سَمِعْتُ رَسُولَ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ يَقُولُ نِعْمَ الرَّجُلُ خُرَيْمٌ الْأَسَدِيُّ لَوْ قَصَّ مِنْ شَعَرِهِ وَقَصَّرَ إِزَارَهُ فَبَلَغَ ذَلِكَ خُرَيْمًا فَعَجَّلَ فَأَخَذَ الشَّفْرَةَ فَقَصَّرَ مِنْ جُمَّتِهِ وَرَفَعَ إِزَارَهُ إِلَى أَنْصَافِ سَاقَيْهِ قَالَ أَبِي فَدَخَلْتُ عَلَى مُعَاوِيَةَ فَرَأَيْتُ رَجُلًا مَعَهُ عَلَى السَّرِيرِ شَعَرُهُ فَوْقَ أُذُنَيْهِ مُؤْتَزِرًا إِلَى أَنْصَافِ سَاقَيْهِ قُلْتُ مَنْ هَذَا قَالُوا خُرَيْمٌ الْأَسَدِيُّ
Жеги цебесеб хӀадисалъул гӀадаб нухдасан, [СахӀал бин Амруялдасан]; Цинги -Ибн Аль ХӀанжлия- нижеда аскӀосан ана цебесеб къоялъ, Абу Дардаца цинги абуна: «КӀалъай- нижее пайдаяб, дуе зарал ккезе гьечӀеб цо рагӀи гурони гьечӀониги», - ян. Ибн Аль ХӀанжалияс абуна: «Дида рагӀана Расулуллагь шаллаллагьу гӀалайгьи васаллам абулеб: «Бищунго лъикӀав чи ккола Хурайм Аль Асад, гьес жиндирго расги жиндирго саронги къокъ гьабуни», - ян. РагӀаби ахирги Хураймихъе щвана, гьединлъидал гьес гьебсагӀатго ножги босун расги къотӀун, ретӀел бащдаб гьодил накабазда борхизабуна. Инсуца абуна: «МугӀавиягун дандчӀвараб мехалъ, дида гьесда цадахъ бусада ватана цо чи, гӀундуздаса тӀадехун рас -къватӀизабун-, гьоркьохъеб лагаялде щвезегӀан ретӀелги ретӀун, гьединлъидал дица гьикъана: «Щив гьав?» гьез жаваб кьуна: «Гьев вуго Хурайм Аль Асади», - ян.