Sesungguhnya Allah mengharamkan kezaliman atas diri-Nya dan Allah mengharamkannya pula atas kalian
Imam Ahmad : 16029
قَالَ حَدَّثَنَا أَبُو النَّضْرِ قَالَ حَدَّثَنَا الْمُبَارَكُ قَالَ حَدَّثَنَا الْحَسَنُ أَنَّ شَيْخًا مِنْ بَنِي سَلِيطٍ أَخْبَرَهُ قَالَ أَتَيْتُ النَّبِيَّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ أُكَلِّمُهُ فِي سَبْيٍ أُصِيبَ لَنَا فِي الْجَاهِلِيَّةِ فَإِذَا هُوَ قَاعِدٌ وَعَلَيْهِ حَلْقَةٌ قَدْ أَطَافَتْ بِهِ وَهُوَ يُحَدِّثُ الْقَوْمَ عَلَيْهِ إِزَارُ قِطْرٍ لَهُ غَلِيظٌ قَالَ سَمِعْتُهُ يَقُولُ وَهُوَ يُشِيرُ بِإِصْبَعِهِ الْمُسْلِمُ أَخُو الْمُسْلِمِ لَا يَظْلِمُهُ وَلَا يَخْذُلُهُ التَّقْوَى هَاهُنَا التَّقْوَى هَاهُنَا يَقُولُ أَيْ فِي الْقَلْبِ
-АхӀмад бин ХӀанбал радлиялагьуъангьу- абуна; нижеда бицун букӀана [Абу Надлрица] абуна; нижеда абуна [Аль Мубаракица] абуна; нижеда бицун букӀана [Аль ХӀасаница] хӀакъикъаталдаги [Бани СалитӀалдаса цо херав чияс] гьесда хабар кьун букӀана абун; Дун дандчӀвана саллаллагьу гӀалайгьивасалам Аварагасда, дица гьесда гьарана жагьилияб заманалда нилъее щварал лъималазда ва руччабазда гьоркьор рагъул асиразул бицине. Гьеб мехалъ гьев гӀодов чӀун вукӀана гургин гьабураб гургинлъигун ва гьев гӀадамалгун кӀалъалев вукӀана - Ва гьеб мехалъ гьесда тӀад букӀана цӀакъго биццатаб багӀараб букъараб ретӀелалъул гьабураб саронг - СалитӀил лъималазул херас абуна; Дида рагӀана -Расулуллагь саллаллагьугӀалайхивассалам- абулеб ва гьес килищалдалъун ишара гьабуна: «Бусурбанчи цоги бусурбанчиясул вац вуго, гьесдехун квешаб бербалагьи гьабизе бегьуларо, гьев гӀодовегӀан гьавизе бегьуларо», - ян. Такъва гьаниб бугеб, такъва гьаниб бугеб'. Гьес рекӀелъ абизе бокьараб жо абуна.