Imam Ahmad : 7458
حَدَّثَنَا عَبْدُ الرَّزَّاقِ قَالَ سَمِعْتُ هِشَامَ بْنَ حَسَّانَ يُحَدِّثُ عَنْ مُحَمَّدِ بْنِ سِيرِينَ قَالَ كُنْتُ عِنْدَ أَبِي هُرَيْرَةَ فَسَأَلَهُ رَجُلٌ عَنْ شَيْءٍ لَمْ أَدْرِ مَا هُوَ قَالَ فَقَالَ أَبُو هُرَيْرَةَ اللَّهُ أَكْبَرُ سَأَلَ عَنْهَا اثْنَانِ وَهَذَا الثَّالِثُ سَمِعْتُ رَسُولَ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ يَقُولُ إِنَّ رِجَالًا سَتَرْتَفِعُ بِهِمْ الْمَسْأَلَةُ حَتَّى يَقُولُوا اللَّهُ خَلَقَ الْخَلْقَ فَمَنْ خَلَقَهُ
Нижеда [ГӀабдурраззакъица] бицун, гьес абуна: Дида рагӀана [ХӀисам бин ХӀасаница] бицунеб [МухӀамад бин Сиринидасан] гьес абуна; Дун Абу ХӀурайрада аскӀов вугеб мехалъ цо чи вукӀана дида бичӀчӀулареб жоялъул хӀакъалъулъ гьесда цӀехолев. Щиб гьес гьикъулеб букӀараб? МухӀамад бин Сириница абуна: цинги [Абу ХӀурайратица] абуна; Аллагьу Акбар, гьелъул хӀакъалъулъ цӀехарал кӀиго чи вукӀана, гьаб лъабабилевги вуго, дида рагӀана Расулуллагь саллаллагьу гӀалайгьи ва Саламица абулеб: «ХӀакъикъаталдаги рукӀине руго цо суалалъ гъалмагъир гьабулел гӀадамал, гьез абизегӀан; Аллагьас махлукъат бижана цинги лъица бижарав Аллагь?».