Imam Ahmad : 1315
حَدَّثَنَا عَلِيُّ بْنُ عَبْدِ اللَّهِ حَدَّثَنِي مُحَمَّدُ بْنُ مَعْنٍ الْغِفَارِيُّ أَخْبَرَنِي دَاوُدُ بْنُ خَالِدِ بْنِ دِينَارٍ أَنَّهُ مَرَّ هُوَ وَرَجُلٌ يُقَالُ لَهُ أَبُو يُوسُفَ مِنْ بَنِي تَيْمٍ عَلَى رَبِيعَةَ بْنِ أَبِي عَبْدِ الرَّحْمَنِ رَضِيَ اللَّهُ عَنْهُ قَالَ قَالَ لَهُ أَبُو يُوسُفَ إِنَّا لَنَجِدُ عِنْدَ غَيْرِكَ مِنْ الْحَدِيثِ مَا لَا نَجِدُهُ عِنْدَكَ فَقَالَ أَمَا إِنَّ عِنْدِي حَدِيثًا كَثِيرًا وَلَكِنَّ رَبِيعَةَ بْنَ الْهُدَيْرِ قَالَ وَكَانَ يَلْزَمُ طَلْحَةَ بْنَ عُبَيْدِ اللَّهِ إِنَّهُ لَمْ يَسْمَعْ طَلْحَةَ يُحَدِّثُ عَنْ رَسُولِ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ حَدِيثًا قَطُّ غَيْرَ حَدِيثٍ وَاحِدٍ قَالَ رَبِيعَةُ بْنُ أَبِي عَبْدِ الرَّحْمَنِ قُلْتُ لَهُ وَمَا هُوَ قَالَ قَالَ لِي طَلْحَةُ خَرَجْنَا مَعَ رَسُولِ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ حَتَّى أَشْرَفْنَا عَلَى حَرَّةِ وَاقِمٍ قَالَ فَدَنَوْنَا مِنْهَا فَإِذَا قُبُورٌ بِمَحْنِيَّةٍ فَقُلْنَا يَا رَسُولَ اللَّهِ قُبُورُ إِخْوَانِنَا هَذِهِ قَالَ قُبُورُ أَصْحَابِنَا ثُمَّ خَرَجْنَا حَتَّى إِذَا جِئْنَا قُبُورَ الشُّهَدَاءِ قَالَ قَالَ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ هَذِهِ قُبُورُ إِخْوَانِنَا
Нижеда бицана [ГӀали бин ГӀабдуллагьица] дида [МухӀамад бин Маън Аль Гъифарица] бицана дида [Дауд бин Халид бин Динарида] живги Бани Таималдаса Абу Юсуп абулев чиги РабигӀат бин Абу ГӀабдуррахӀманида цевесан ун вукӀанин. Абу Юсупица абуна РабигӀат бин Абу ГӀабдуррахӀманида; — ХӀакъикъаталдаги, нижее нужедасан щвечӀел цо-цо гӀадатал щвана нужедасан гурел цогидаздасан. Гьединлъидал гьес жаваб кьуна; «ХӀакъикъаталдаги дир гӀемерал хӀадисал руго, амма [РабигӀа бин Аль ХӀудаирица] абуна ва гьес кидаго ТӀалхӀа бин ГӀубайдуллагьгун цадахъ вукӀана; цо хӀадис гурони, жинда киданиги рагӀичӀин ТӀалхӀаца аварагасул саллаллагьу гӀалайгьи васаллямалъул хӀадис бачӀунеб букӀин». [РабигӀат бин Абу ГӀабдуррахӀманица] абуна; Дица гьесда гьикъана; — Щиб хӀадис гьеб? гьес жаваб кьуна; [ТӀалхаца] дида абуна; Ниж къватӀире рахъана Расулуллагь саллаллагьу гӀалайгьи васалламгун ва Харра Вакъималде щвезегӀан гӀагарлъараб мехалъ, -ТалхӀаца халат бахъинабуна; - Ниж гьеб бакӀалде гӀагарлъана, ва баянлъана гьеб бакӀ МахӀнияб рахъалда бугеб хабзал букӀин. Нижеца гьикъана; — Я, Аллагьасул Расул! Гьал нилъер вацазул хабалищ?» гьес жаваб кьуна; — Гьаб нижер гьудулзабазул хабада. цинги ниж къватӀире рахъана, шагьидазул хабалазда аскӀоре щведал, Расулуллагь саллаллагьу гӀалайгьи васалламица абуна: «Гьаб нижер вацазул хабзал руго», - ян.