Imam Bukhari : 5678
حَدَّثَنَا مُسَدَّدٌ حَدَّثَنَا يَحْيَى عَنْ عُبَيْدِ اللَّهِ حَدَّثَنِي نَافِعٌ عَنْ ابْنِ عُمَرَ رَضِيَ اللَّهُ عَنْهُمَا قَالَقَالَ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ أَخْبِرُونِي بِشَجَرَةٍ مَثَلُهَا مَثَلُ الْمُسْلِمِ تُؤْتِي أُكُلَهَا كُلَّ حِينٍ بِإِذْنِ رَبِّهَا وَلَا تَحُتُّ وَرَقَهَا فَوَقَعَ فِي نَفْسِي أَنَّهَا النَّخْلَةُ فَكَرِهْتُ أَنْ أَتَكَلَّمَ وَثَمَّ أَبُو بَكْرٍ وَعُمَرُ فَلَمَّا لَمْ يَتَكَلَّمَا قَالَ النَّبِيُّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ هِيَ النَّخْلَةُ فَلَمَّا خَرَجْتُ مَعَ أَبِي قُلْتُ يَا أَبَتَاهُ وَقَعَ فِي نَفْسِي أَنَّهَا النَّخْلَةُ قَالَ مَا مَنَعَكَ أَنْ تَقُولَهَا لَوْ كُنْتَ قُلْتَهَا كَانَ أَحَبَّ إِلَيَّ مِنْ كَذَا وَكَذَا قَالَ مَا مَنَعَنِي إِلَّا أَنِّي لَمْ أَرَكَ وَلَا أَبَا بَكْرٍ تَكَلَّمْتُمَا فَكَرِهْتُ
Бицун бугищ нижеда [Мусаддадица] бицун бугищ нижеда [ЯхӀяца] [ГӀубайдуллагьица] дида [Нафида] [Ибн ГӀумар] радлиаллагьу анхӀума гьес абуна; Расулуллагьас абуна: «Бице дида бусурбанчи гӀадин, бетӀергьанасул изнуялдалъун бокьараб мехалъ пихъ кьолеб, тӀанхал киданиги рортулареб гъотӀол хӀакъалъулъ», - ян. Дир ракӀалъ абуна гьеб гъветӀ хурма бугилан, амма дица гьеб абизе таваккал гьабичӀо, хасго Абубакарги ГӀумарги гьенир рукӀиналъ, гьезул цонигияв кӀалъачӀеб мехалъ, Аллагьасул Аварагас абуна: «Гьеб гъветӀ хурма буго», - ян. Инсуда цадахъ къватӀиве вахъараб мехалъ, дица абуна; — Я эмен, цебе дица рекӀелъ абун букӀана доб гъветӀ хурмаялъул гъветӀ бугин. Инсуца абуна; — Щай дуца жаваб кьолареб! Гьелъие жаваб кьуни, гьабги гьабги гуреб, дие гьеб цӀикӀкӀун бокьула». ГӀабдуллагьица абуна; — ХӀакъикъаталдаги, дие жаваб кьезе квал-квал гьабулеб жо букӀинчӀо, амма дида мунги Абубакарги кӀалъачӀого рихьана, гьединлъидал дие бокьун букӀинчӀо -гьев цевехун ине-.