Imam Bukhari : 3865
حَدَّثَنَا عَبْدُ اللَّهِ بْنُ مُحَمَّدِ بْنِ أَسْمَاءَ حَدَّثَنَا جُوَيْرِيَةُ عَنْ نَافِعٍ أَنَّ عُبَيْدَ اللَّهِ بْنَ عَبْدِ اللَّهِ وَسَالِمَ بْنَ عَبْدِ اللَّهِ أَخْبَرَاهُ أَنَّهُمَا كَلَّمَا عَبْدَ اللَّهِ بْنَ عُمَرَ ح و حَدَّثَنَا مُوسَى بْنُ إِسْمَاعِيلَ حَدَّثَنَا جُوَيْرِيَةُ عَنْ نَافِعٍ أَنَّ بَعْضَ بَنِي عَبْدِ اللَّهِ قَالَ لَهُ لَوْ أَقَمْتَ الْعَامَ فَإِنِّي أَخَافُ أَنْ لَا تَصِلَ إِلَى الْبَيْتِ قَالَ خَرَجْنَا مَعَ النَّبِيِّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ فَحَالَ كُفَّارُ قُرَيْشٍ دُونَ الْبَيْتِ فَنَحَرَ النَّبِيُّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ هَدَايَاهُ وَحَلَقَ وَقَصَّرَ أَصْحَابُهُ وَقَالَ أُشْهِدُكُمْ أَنِّي أَوْجَبْتُ عُمْرَةً فَإِنْ خُلِّيَ بَيْنِي وَبَيْنَ الْبَيْتِ طُفْتُ وَإِنْ حِيلَ بَيْنِي وَبَيْنَ الْبَيْتِ صَنَعْتُ كَمَا صَنَعَ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ فَسَارَ سَاعَةً ثُمَّ قَالَ مَا أُرَى شَأْنَهُمَا إِلَّا وَاحِدًا أُشْهِدُكُمْ أَنِّي قَدْ أَوْجَبْتُ حَجَّةً مَعَ عُمْرَتِي فَطَافَ طَوَافًا وَاحِدًا وَسَعْيًا وَاحِدًا حَتَّى حَلَّ مِنْهُمَا جَمِيعًا
Нилъеда бицана [ГӀабдуллагь бин МухӀамад бин Асмаца] [Жувайрияца] [Нафиясдасан] бицана [ГӀубайдуллагь бин ГӀабдуллагьица] ва [Салим бин ГӀабдуллагьица] бицана гьел кӀиялго [ГӀабдуллагь бин ГӀумаргун] кӀалъанин. -Ва цоги нухдасан бицана- нилъеда бицана [Муса бин ИсмагӀилица] нилъеда [Жувайрияца] [НафигӀ] бицана ГӀабдуллагьил цо-цо васаз гьесда абун букӀанин; – ТӀасияб соналъ гӀумра гьабизе лъикӀ букӀинаан, щай гурелъул дун хӀинкъун вуго мун Байтуллагьухъе щвечӀого хутӀиялдаса. Гьеб рагӀун ГӀабдуллагь бин ГӀумарица абуна; — Ниж цо нухалъ къватӀире рахъана аварагасда цадахъ, амма къурайшазул капурзабаз гьесие Байтуллагьасдаса нух къана. Гьедин Аварагас саллаллагьу гӀалайгьи ва саллам къурбаналъул хӀайван хъвана ва бетӀер хъахӀ гьабуна, гьесул асхӀабзаби гьесда хадур лъугьунаго. ГӀабдуллагьица халат бахъинабуна; — Дица дуе нугӀлъи гьабула дица гӀумра гьаби халат бахъинабизе букӀиналъул. Дие Байтуллагьидаги дидаги гьоркьоб нух кьуни, цинги дица гьениб тӀаваф гьабила ва Байтуллагь тун ине дие квал-квал гьабуни, цинги дица халат бахъинабила Аллагьасул Расулас (с.т.гӀ.в.) гьабураб гӀадин. Гьедин цо лахӀзаталъ хьвадана гьев цинги абуна; — Дица кӀиябго рикӀкӀунаро – хӀежги гӀумраги – цояблъун. Дица нужее нугӀлъи гьабула дирго гӀумраялда цадахъго дица диего хӀежги тӀадаблъун гьабуна. Гьединлъидал гьес цо нухалъ тавафги гьабула, цо нухалъ сагӀги гьабула, цинги кӀиязего цоцада цадахъ тахӀалулги гьабула».