Imam Bukhari : 3618
حَدَّثَنَا مُحَمَّدُ بْنُ بَشَّارٍ حَدَّثَنَا غُنْدَرٌ حَدَّثَنَا شُعْبَةُ عَنْ أَبِي إِسْحَاقَ قَالَ سَمِعْتُ الْبَرَاءَ رَضِيَ اللَّهُ عَنْهُ قَالَ لَمَّا أَقْبَلَ النَّبِيُّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ إِلَى الْمَدِينَةِ تَبِعَهُ سُرَاقَةُ بْنُ مَالِكِ بْنِ جُعْشُمٍ فَدَعَا عَلَيْهِ النَّبِيُّ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ فَسَاخَتْ بِهِ فَرَسُهُ قَالَ ادْعُ اللَّهَ لِي وَلَا أَضُرُّكَ فَدَعَا لَهُ قَالَ فَعَطِشَ رَسُولُ اللَّهِ صَلَّى اللَّهُ عَلَيْهِ وَسَلَّمَ فَمَرَّ بِرَاعٍ قَالَ أَبُو بَكْرٍ فَأَخَذْتُ قَدَحًا فَحَلَبْتُ فِيهِ كُثْبَةً مِنْ لَبَنٍ فَأَتَيْتُهُ فَشَرِبَ حَتَّى رَضِيتُ
Бицун бугищ нижеда [МухӀамад бин Башярица] бицун бугила [ГӀундарица] нижеда [СюгӀбаца] [Абу ИсхӀакъица] абуна, дида рагӀана [Аль Бараъ] радлиаллагьу анхуца абулеб; Авараг саллаллагьу гӀалайгьи ва саллам Мадинаялде гьижра гьабулеб мехалъ гьесда хадуб Суракъа бин Малик бин ЖугӀсям ана. Гьединлъидал гьес дугӀа гьабуна жиндие авария ккезе, жиндирго чу ракьалде ккезегӀан. Цинги Суракъаца абуна; — Аллагьасда дугӀа гьабе дие, дица дуе зарал гьабиларо. Гьединлъидал гьес гьесие дугӀа гьабуна. Ал Бараъ абуна; Гьеб мехалъ Расулуллагь саллаллагьу гӀалайгьи васаллам къечон лъана ва гьев цо вехьасда цевесан ана. Абубакарица абуна; – Гьединлъидал дица цо хӀалакъаб гьвеги босун, гьелдаса дагьаб рахьги къвакӀизабуна, цинги дун гьесухъе ана, цинги гьес дун гӀорцӀизегӀан гьекъана.